Content-Length: 175821 | pFad | https://av.wikipedia.org/wiki/%D0%94%D0%B8%D0%B0%D0%BB%D0%B5%D0%BA%D1%82

Диалект — Википедия Перейти к содержанию

Диалект

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал

Диалект (латин dialectus, dialectos, некӀсияб грек διάλεκτος, diálektos 'дискурс', διά, diá 'тӀасан' ва λέγω, légō 'дица абула' рагӀабаздаса) ялъуни сверел ккола мацӀазулаб гьоркьолъул кӀиго тӀобан батӀияб типалъе гӀахьалаб термин.

Гьеб терминалъул цӀиккӀанисеб хӀалтӀизаби ккола жиб кӀалъалазул цо кинаб-букӀаниги къакъадул характеристикалъун кколеб мацӀалъулаб варианталда хурхараб.[1] Конкретияб мацӀалъул диалект яги вариант цоцада гъункун рухьарал рукӀуна ва, гьоркьоб бугеб батӀалъуде балагьичӀого, цӀиккӀаниселъ цоцада риччӀулеллъун рукӀуна, хасго диалектияб континуумалда жаниб географияб рахъалъ цоцаде гӀагарги ругони. Эб термин цӀиккӀаниселъ гӀахьал гьабула регионалаб гарулаб моделалде, хӀо диалект гьединго букӀине бегьула баян гьабун цогидал факторазги, социалаб класс яги этниклъи гӀадинал.[2] Кинаб букӀаниги соцалаб классалда хурхараб диалекталда абун букӀине бегьула социолект–илан, этникияб групалда хурхинабураб диалекталъе хӀалтӀизабула этнолект термин, географикияб/регионалаб диалекталъе термин кьола региолект[3] (алтернативиял терминаз гъорлӀе рачуна 'регионалект',[4] 'геолект',[5] ва 'тополект'[6]). Кьураб мацӀалъул бокьараб вариант классификатизе бегьула "диалект" гӀадин, гъорлӀе стандартарал варианталги рачун.

Цогидаб хӀалтӀизаби, жиб гарулаб ралълие хасиятаб Италиялда,[7] dialetto гӀадин,[8] patois Парансиялда гӀадин, Централаб Европалъул гӀемерисел ракьмухъазда,[9] Филипиназда,[10][11] буго гӀодегӀанлъизабулеб тоналда, элъ гьоркь хӀучч ццӀала цо бугеб официалаб мацӀалъе националаб-гуреб мацӀалъул политикиябги социалабги мукӀурлъиялда. Гьеб бакӀалда эл "диалектал" кколаро унгоял диалекталъул тӀоцӀебесеб хӀалтӀизабиялда гӀадин, щай гурелъул гьел нуцояб мацӀалдаса лӀугьарал гьечӀо ва элъул варианталлъун кколаро, эзул церетӀейги букӀуна ратӀа-ратӀаго ва параллелго нухаздалъун. Эл рукӀинени бегьулел исторкииял когнаталлъун ва нуцояб националаб мацӀалъулгун эбго субхъизаналда жаниб цого генетикияб кьолбодаса лӀугьараллъун, тӀаде жоялъе тӀарамагъадиселъулгун кинаб букӀаниги даражаялда цоцалӀ биччӀиги, эдинал "диалектал" лъикӀ букуна стандартаб яги националаб мацӀалдаса батӀиял мацӀаллъун риккӀани. Гьеб баян кьеялда рекъон, жибго стандартаб яги националаб мацӀ риккӀунаро диалектлъун, щай абуни эб нуцояб мацӀлъун лингвистикияб престижалъул, социалаб яги политикияб (официалаб) статусалъул, тӀибитӀиялъулги яги риккӀадул, яги рехсарабщиналъул рахъалъ. Диалект эдин хӀалтӀизабиялъулӀ букӀуна политикияб коннотация, цӀиккӀаниселъ гӀахьал гьабула "гӀодегӀан-престижиял" мацӀазде (националаб мацӀалдаса эзул бугеб унгояб риккӀалъиялде ралагьичӀого), институционалаб кверчӀвай гьечӀел яги хъвай-хъвагӀай букӀинабизе кӀолареллъун риккӀунел мацӀазе.[12] Диалект абураб дисигнация гьединго гӀатӀид хӀалтӀизабула цӀеретӀолел ракьмухъаздаги яги чӀинкӀарал территориязда ругел хъвай-хъвагӀи гьечӀел яги кодификатичӀел мацӀазде абизеги,[13][14] лингвистаз халкъияб мацӀ абураб термин хӀалтӀизабулелъул.[15]

Диалектал цоцадаса ратӀа гьарулел ружби ратизе бегьула лексиконалдаги, грамматикалдаги, гьединго абул куцалдаги (фонологиялда, гъорлӀго просодиягун). ЦохӀо яги цӀиккӀаниселъ бихьулеб батӀалъи буго абулеб куцалда, далект рагӀул бакӀалда хӀалтӀизабун букӀине бегьула дагьабги конкретияб термин — акцент. ГӀемерисеб лексиконалъулӀ бакӀарун бугеб батӀалъи букӀине бегьула классификатун креолаллъун. Лексикалаб батӀалъи бугони профессионияб яги цогидаб организационияб специаллъараб рагӀабазул бакӀарулӀ, эб ккола жаргоналлъун. РагӀабазулаб батӀалъи, жиб тӀасабищун култиватулеб къватӀисел гьоркьоса ратӀа гьаризе, яги шибболеталлъун ругел, лъала криптолектал яги кант гӀадинан, энире гъорлӀе рачуна сленгал ва агротал. Цо чияс хӀалтӀизаубеб конкретияб гарулаб паттерналда абула гьесул идиолект–илан.

МацӀал диалекталъун классификати бараб буго лингвитикияб дистанциялда тӀад. Хъвавул система бугел мацӀазул диалектал рукӀуна батӀи-батӀияб дистанциялда стантартаблъун гьабураб хъвавулаб формалдаса. МацӀалъул цо-цо диалектал рукӀуна гарулелъул гьоркьоб бичӀчӀи гьечӀеллъунги, гьелъ рачуна эл региолекталлъун яги батӀаял мацӀаллъун рукӀиналда сверун дебатазде.

  1. ^ Oxford Living Dictionaries – English. Retrieved 18 January 2019.
  2. ^ "Definition of DIALECT". Merriam-webster.com. 30 Юл 2023. {{cite web}}: Check date values in: |date= (help)
  3. ^ Wolfram, Walt and Schilling, Natalie. 2016. American English: Dialects and Variation. West Sussex: John Wiley & Sons, p. 184.
  4. ^ Daniel. W. Bruhn, Walls of the Tongue: A Sociolinguistic Analysis of Ursula K. Le Guin's The Dispossessed (PDF), гь. 8, Архивация (PDF) оригиналалдаса 2010-06-12
  5. ^ Christopher D. Land (21 Фебруар 2013), "Varieties of the Greek language", Гъоркь: Stanley E. Porter, Andrew Pitts (ред.), The Language of the New Testament: Context, History, and Development, BRILL, гь. 250, ISBN 978-9004234772 {{citation}}: Check date values in: |date= (help)
  6. ^ "topolect". The American Heritage Dictionary of the English Language (4th ред.). Boston: Houghton Mifflin Harcourt. 2010.
  7. ^ «The often used term "Italian dialects" may create the false impression that the dialects are varieties of the standard Italian language.» Martin Maiden, M. Mair Parry (1997), The Dialects of Italy, Psychology Press, p. 2.
  8. ^ «Parlata propria di un ambiente geografico e culturale ristretto (come la regione, la provincia, la città o anche il paese): contrapposta a un sistema linguistico affine per origene e sviluppo, ma che, per diverse ragioni (politiche, letterarie, geografiche, ecc.), si è imposto come lingua letteraria e ufficiale». Battaglia, Salvatore (1961). Grande dizionario della lingua italiana, UTET, Torino, V. IV, pp.321–322.
  9. ^ Kamusella, Tomasz (2015). Creating languages in Central Europe during the last millennium. Houndmills, Basingstoke, Hampshire [England]: Palgrave Macmillan. гь. 10. ISBN 978-1-137-50783-9. OCLC 896495625.
  10. ^ Peter G. Gowing, William Henry Scott (1971). Acculturation in the Philippines: Essays on Changing Societies. A Selection of Papers Presented at the Baguio Religious Acculturation Conferences from 1958 to 1968. New Day Publishers. гь. 157.
  11. ^ Maiden, Martin; Parry, Mair (1997). The Dialects of Italy. Routledge. гь. 2. ISBN 9781134834365.
  12. ^ Defenders of the Indigenous Languages of the Archipelago (2007). Filipino is Not Our Language: Learn why it is Not and Find Out what it is. гь. 26.
  13. ^ Fodde Melis, Luisanna (2002). Race, Ethnicity and Dialects: Language Policy and Ethnic Minorities in the United States (in английский). FrancoAngeli. гь. 35. ISBN 9788846439123.
  14. ^ Crystal, David (2008). A Dictionary of Linguistics and Phonetics (in английский) (6 ред.). Blackwell Publishing. гь. 142–144. ISBN 978-1-4051-5296-9.
  15. ^ Haugen, Einar (1966). "Dialect, Language, Nation". American Anthropologist. American Anthropologist New Series, Vol. 68, No. 4 (in английский). 68 (4): 927. doi:10.1525/aa.1966.68.4.02a00040. JSTOR 670407.








ApplySandwichStrip

pFad - (p)hone/(F)rame/(a)nonymizer/(d)eclutterfier!      Saves Data!


--- a PPN by Garber Painting Akron. With Image Size Reduction included!

Fetched URL: https://av.wikipedia.org/wiki/%D0%94%D0%B8%D0%B0%D0%BB%D0%B5%D0%BA%D1%82

Alternative Proxies:

Alternative Proxy

pFad Proxy

pFad v3 Proxy

pFad v4 Proxy